Вокал · из чартов

На аварские стихи

3:4402023 августа

Стиль

Baroque chamber Orchestra double bass, cello, violin and, new age, orchestral, female vocal, female choir, male choir

Текст песни

Хунзахъан-Кунзахъе квер бегьун щолеб, Щобал гьоркьор ругел рорлъизе к1ола. Рак1ал рик1ад ругел ратула аск1ор, Асар х1ажалъула,х1еккине ккани.... Квер кьун салам буго Асх1абг1алиде... Эниб лъик1 батила,аниб квеш гьеч1о. Гьавураб къо баркун кагъат хъвалаан, Нахъа ккелин х1инкъун ,х1алт1улареб поч. Пайда шиб шоларев шагьаралъ гуккун, Шансални ругелха,вахине Кунзах. Куракуй.мокьройги,кьирал гьарурав... Гьеб дур росуялъул сипат бихьизе. Хьиндаллъи рекъараб Бакълъулазул мухъ, Хъвараб тарих буго,тохал гурилан. Тетрадалгун т1ахьал т1олго цере лъун... Лъаларо Кунзахан кин ц1ар бач1араб... Бат1аго гьеб гуро,гьавун вугелъул... Гьанал хьаг кьолонищ...кьог1аб лъим бугиш... Лъимал-хъизаналде хъваларо салам, Сайгъат гьеч1еб ч1анда,ч1валев дун тушман. Школалде вакке,метер итни къо... Къаларел нуц1бийиш,ц1ер гъурун бугищ... Ц1аналъе нухалъул ххал гьабун вусса... Сверизе къасд бугин къадар батани..

ИП Гилязутдинов А. Р. · ИНН 165500004740 · ОГРНИП 304165735600579 · support@musiclabs.ru

ОфертаПолитика конфиденциальности